Лирика. На русском и аварском языках

Махмуд из Кахабросо, 2009

Оглавление

Из серии: Литературный Дагестан

* * *

Приведённый ознакомительный фрагмент книги Лирика. На русском и аварском языках предоставлен нашим книжным партнёром — компанией ЛитРес.

Купить и скачать полную версию книги в форматах FB2, ePub, MOBI, TXT, HTML, RTF и других

Рокьиян кьерилал, кьалан гIолилал

Рокьиян кьерилал, кьалан гIолилал

ГIемерал ратула терелел дида;

ГIищкъу-гьавайилан гьал гIадамаца

Падлу биххун буго дуниялалъул.

Лълъим цIолеб къулгIадухъ къоролзабазул

Къапила букIуна, балайилан чIун;

ЧIараб бакI лъачIого, гьанже ясалги

Гьединан хьвадула хьитал хвезегIан.

Хварав чиясулгIан чанги гьечIого,

Чорхой рахIаталда хIебтIун вуго дун,

ХIасрат бергьаразул гьаглъиялдаса

Гьадин цIунагиян, цIакъго нахъе къан.

ХъахIилб зоб бихъун балагь бачIаяй,

ЯчIун гаргадана дида цо гIадан,

ГIумру халатаб кьун йохун тогеялъ

ТечIо дирго рокъов, къватIив вахъаян.

— Дур кколарищ рокьи,

йокьуларищ дун?

Гьедин, гIодов тIамун,

тIубаларо мун!..

ТIолго дунялалъул лазат гьабилан,

Бана гарбида къвал, къана каранде.

КъотIи гьабилилан, бачун цо квергун,

Кидаго рагIичIел рагIаби кьуна:

— Дир гIищкъу ккун бугин гIащикъав дуде,

Мун гIадан ватани, тоге дун гьадин. —

Берзул ишан гьабун гьаб дир ракI боххи

Гьабунги, дур хIисаб хIалтIизе гьабе.

ХIасраталъ ецIцIулей, цIерлъун чвахулей

Чанги гIумру буго гIадада инеб.

Дур бицун рукъ кьаллъун, кьогIлъун дунялгун,

Кьалде рехун йиго дур хиялаца…

Дур бицунеб хабар халат букIани,

Бегьилин абуна элда дицаги.

Гьеб гьорода рекъон гьава хIалтIани,

Гьебги лъикI бугилан кIалъана дунги.

Дирги гьалагаб черх, чалухал лугбал, —

Чияде гIайибал гIодор хутIана;

ГIакълу гьечIеб бетIер, чГобогояб ракI, —

ЧIухIарал хиялаз хвана гIадада.

ГIаршалъул камиллъи, курсалъул цIикIкIин

ЦIани, бергьинаро гьанже дидаса.

Гьелъул жавабаца жанир рукьбазда,

Рокьул урдуги чIван, Дагъистан ккуна.

Дунги къираласул къагIидаялда

КъватIий эй яккулеб авал ккун чIана,

Гьелъулги гьава-нич гьуригун цадахъ

ХъахIилаб зодихъе боржун букIана.

Гьадаб къоялъ къотIноб къалъуда ккараб

КъотIи букIин гуреб, кIалъан вукIинчIо,

РикIкIадасан ишан, унеб нухда чан

Чияда лъачГого балъго букIана.

РекIел гьудулги щун гьеб заманаялъ

Зодихъ гIенеккулеб гIиприт букIана,

ГIакълу-лъай гьикъизе къиралзабилъун

КъватIул жавабалъе жундул гьаруна.

Гьудул данделъулеб, дун гьогьомулеб

Гьаб тIохил хал гьабун тIаде вахана,

ТIаде гьава цIалеб, цIад бачIунареб

Гьури-бакъ рекъараб рагIалда чIана.

ГIадани бераца магIy кколареб

ГIищкъул гьаваялъул бакънал рачана.

КъватIибе росулъе сас рагIулареб

Сармил рагIал абун, угьдизе лълъвана…

Алжанул гьорохъе хъахГмаккал гIадин,

Хъвалеб бакI хутIичIо лугбазул гIодоб,

Давудил гьаркьихъе рухIал кинигин,

ХIал ккана рекIеде, тIун бортилилан.

Рагьдаса тIагIинчIо, тIохдаса инчIо,

ТIаде щвана гьудул гьагъаб нухдасан,

Над бугеб формаялъ паналъун халкъгун,

Хиялго гьечIого ячIун рещтIана.

Нухде къулун гуреб, тIаде йорхулеб

Надагьал лугбазул балагьи гьечIо;

Къеде юссун гуреб, диде сверулеб

Сабураб черхалъул хасият гуро.

Халкъалда рагIарай ГIунайзатида

ГIищкъуялъ чи чIвалеб чIимих речIчIана:

ЧIухIараб къоялъул къурайшиялда

Къараб бералдасан бичIчIизабуна.

Балагьун дидегун цо гьей кIалъадал,

КIутIун ана гIиприт гIурулъе лъугьун,

Гьорчо кодой босзе квер гьелъ хапидал,

Хварал жал ратила, жундул лъутана.

Жеги дихъ ялагьун хаган чIун гуреб,

РечIчIараб доб чIимхил халго гьабичIо;

Балеб рогьо гуро, гьарайцин гьечIо,

Цо къвакараб бералъ къотIной ккун йиго.

— БукIараб къотIийищ, къараб явлухъищ,

КъотIнов ватаралъув речIчIаризе мун?

Гьадин къватIий хутIун хаган йигелъул,

Хиялищ гьабураб, анищанги ккун?

ЩобтIа гIерул силъун гIодоб чIараб жо,

ГIадан мун ватидал, гIадлъун гурищ дун?!

Лъаралъ букIунеб хъаз, бахчараб балкан…

Босун гьорчо буго гьанжеги кодоб!

Гьеб ратIлил тIотIой щиб, тIингъил хохой щиб

Ханасул яс йокьун рокьи ккарав дур?

Кьан-квачIалда тIаса тIажу киб араб

ТIохде вахинегIан хиял цIакъав дур?

Дуда бер чIвалаго босана канлъи,

Бачида тIад чIвараб тIенкелилан ккун,

ТIаде йорхулаго тIурана гIакълу,

ТIанхилъ гIодоб чIараб гIужрукъ мунилан.

— ГIайиб гьечIо, гьудул, гьедин кканиги! —

Гьадаб къоялъ къотIнов къвакIичIев дунги,

Къвал дуца балаго, нахъегIан къайдал, —

Къадарав хIалихьат вукIинарищ дун!

Дирго рокъосаги къватIиве ахIун,

КъватIазул кепалъе куцарав дуца,

КъотIной вачIаниги, ячIун хадуйгун,

ХвечIого чIайилан чIолей гьечIо мун.

Гьедин рокьиялъул кьал гьабурав дун,

Гьудуллъун тейилан, танищ дуцаго?

Гьава сурун бихьун, балай тарав дун,

Гьикъизин дудаго, гуккичIищ дуца?

Дур гьурмал гвангъиялъ гваргъан цIа рекIун,

ЦIураб кереналда дица щибилеб?

Щобде тIегь гIадинаб ратIлихъ балагьун,

Бахъараб гьинал ракI лъида кIалъалеб?

КIочонареб хIалалъ, хIеренаб мацIалъ,

ХIадур гьабе дие дуда аскIоб бакI,

Бусен хIажат гьечГо, хIули кIваричIо,

ЦIутIун каранде къан, къвалбайги гIела.

— ГIаршалъул хIободе хIинчI гIадай дида

ХIулараб руз буго гаргазе лъугьун,

ХIатIал меседилаб мокъокъ кквезеян

КъватIул чаларчаялъ чан гьабун буго.

Гьаваялда къункъра, къел ракьанда гьой, —

Данделъун щиб пайда гьеб кIиялъулго?

Лъел хIориниб къоркъол, Къап мугIрул гIансил

СанагIат рекъани, къабул йиго дун.

Дир хъахIаб каранда квачI кьабилилан,

Кин дур хиял лъураб, херлъараб чудук?

Чалухаб гьурмадул гьуинлъи цIуйзе

ЦIар квешаб оцхIутIил хIисаб бихьулищ!

ХIамагун гаргадун, кIертгун васандун

Сардал арав дуца дие щибилеб?

Бокьор хIайваналгун хIебтIун вугев мун,

ХIакъ букIина дие, ватIа гьавуни…

ТIокIав дун кIалъани, тIадеги яхъун,

ТIилица вухизе хиял батана,

Хадуб цойги калам дица гьабуни,

Гьорчо буго кодоб, речIчIизе къачIан.

Гьанже гьагъалдехун валагьун хадув,

Дунги ахIмакъ вукIин якъинаб буго.

НухтIаса инаго тIохдасан кIалъай —

ГIураб гьунар лълъвана гьагъабни дирги.

Нухъица гьекъаял гьал дир беразе,

Азие тIохго щай, тIокъо гIоларищ?

Къаникь расандаял къадарал лугбал,

КъватIир рахъинчГого, рокъор кин чIечIел?

ТIокIаб эй йигелъуй унев чиясе

Инглис пачаясул чу къваригIуна, —

Чархида кколареб бал гьечIеб гIащтIи

ГIемер букIунаан кIалтIа лъун гьелъул.

Гьединан кIалъазе элда батIаго

TIokI гьабун бижараб бугищ щибго жо?

Щибал руччабазул рижи цолъидал, —

Цойгиги йосила метерго гьудул.

Гьагъаб гьунарги лълъун, гъоркье рещтIана,

ТIохтIе вахарасде зоб тIегийилан;

ТIокIаб йокьулейгун рокьи гьабуни,

Рукьбал ракъвагиян, рокъой вилълъана.

Рокьул ургъелазда кьалул чадир чIван,

Черхалда гьарчал щун, нахъе вуссана;

Дунго къараб бахчун, бергьараб гьурщун, —

Гьеб гьунар гурилан, гьабуна гьаб кечI.

Кинаб лъугьаниги, лъугьанщинаб жо,

РекIел гIатIилъиялъ, лъоларо жаниб;

Лъабго къо инегIан къватIиб бицинчIеб

Къаси квараб хинкIги хутIуларо дир.

Оглавление

Из серии: Литературный Дагестан

* * *

Приведённый ознакомительный фрагмент книги Лирика. На русском и аварском языках предоставлен нашим книжным партнёром — компанией ЛитРес.

Купить и скачать полную версию книги в форматах FB2, ePub, MOBI, TXT, HTML, RTF и других

Смотрите также

а б в г д е ё ж з и й к л м н о п р с т у ф х ц ч ш щ э ю я